Гьединлъидал нужги камилаллъун рукІа, Зобалазда вугев нужер Эмен камилав вугев гІадин.
Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.
Къанун – хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе?