Гьедин, лъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунаро.
ЛъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунарилан чІезабилищ дуе, ле, бичІчІи гьечІев чи?
Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, – жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.