ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса.
Цоцазул раччи бачче нужеца ва гьедин МасихІил къанунги цІуне.
Камилаб къануналъул – инсан эркенлъизавулеб къануналъул – матІуялъуве валагьун, гьеб къанун тавакалго цІунулев ва рагІарабщинабги кІочон течІого тІубазабулев чияс щиб гьабулеб бугониги, Аллагьас гьесда баркат лъела.
Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, – Аллагьасул лагъзаллъун рукІа.