– Нижер эмен Ибрагьим вуго, – ян абуна гьез. ГІисаца абуна: – Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца.
Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Аллагьас жиндир хІалбихьараб мехалда, жиндирго вас ИсхІакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукІарав. Ибрагьим вукІана Аллагьас жиндие къотІи гьабурав чи. Амма цохІо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачІан вукІана гьев.