Гьединлъидал къануналъул бищунго гьитІинабгицин амру жинцаго хвезабуравги гьеб хвезабизе гІадамазда малъаравги бищунго гьитІинавлъун рикІкІине вуго Зобалазул ПарччахІлъиялда. Амма тІубазабулевги ва тІубазабеян цогидазда малъулевги бищунго кІудиявлъун рикІкІине вуго.
Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола».