Нужеда лъала: некІо рукІарал гІадамазеги Аллагьас амру гьабун букІараблъи: «Чи чІваге!» – ян ва: «Чи чІварав чи судалде вачине вуго», – ян.
Нужеда лъала: «зина гьабуге», – ян амру букІараблъи.
Кинаб амру босун халгьабуниги – «ХъахІбалъи гьабуге», «Чи чІваге», «Бикъуге», «Чияр боцІуда бер бахиллъуге» – гьезул магІна цолъула: «Мунго гІадин вокьа дуда аскІов вугевги» абураб цо амруялъулъ.