Нахъисеб къоялъ лъелго сапаралде рахъун, Къайсарияталде щвана. Иерусалималда тІаса вищун вукІарав анкьгоясдасан цояв – Филипп – гьенив ватун, гьесда рещтІана. Гьев вукІана Рохалил хабар лъазабулев чи.
Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан.