Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул.
Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе.