Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дова дир щуго вац вуго. Дозда цІодорго рукІаян абизе витІе. Гурони – гьелги рачІина гьаб гІазабалъул рокъоре». Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес. Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар. Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана, Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода