Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьезие вагІза гьабун, гьадин абуна ГІисаца: Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІого МасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан. Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан. Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан. Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло.
Выбор основного перевода