Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи. Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи. Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица.
Выбор основного перевода