Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана. НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун!
Выбор основного перевода