Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал. Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана. Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана. Щибаб шамат къоялъ синагогаялъуве ун, жугьутІалги грекалги мукІур гьаризе кІвелародайилан, гьелгун гара-чІварулаан Павел.
Выбор основного перевода