Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана. Павелица Аллагьасул рагІи Бероялдаги тІибитІизабулеб бугилан рагІидал, Фессалоникаялдаса жугьутІаз, гьениреги рачІун, шагьаралъул халкъ гьезда данде гьусун тІамулеб букІана. Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун!
Выбор основного перевода