Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: – ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин. Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде. Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!»
Выбор основного перевода