Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе. Иерусалималде щвараб мехалъ иман лъуразул агьлуялъги, гьенир рукІарал чапарзабазги ва диниял бутІрузги рохун къабул гьаруна Павелги Барнабаги. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидер гьениб ккарабщиналъулги бицана гьазда. Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ. Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе». Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна. Павелица гьезие салам кьуна ва жиндир ишалдалъун Аллагьас цогидал халкъазда гьоркьоб гьабунщиналъул хІакъалъулъ щибго гьоркьоб течІого мухІканго бицана. Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана. Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев.
Выбор основного перевода