Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела. БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела. Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. Бичасул аварагзабаз абурал рагІаби ва нужехъе рачІарал чапарзабаз бицараб нилъ хвасар гьарурав ТІадегІанасул амру нужеца ракІалдаса ине биччаге.
Выбор основного перевода