Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
Бакъул канлъухъе гьабизе рекъараб гІумруялде рачІинин – гьекъелги мехтелги гьечІеб, хъахІбалъиги пасалъиги гьечІеб, дагІба-рагІиги жахІда-хІусудги гьечІеб – гІумру гьабизин. Масала, гьенир данделъараб мехалда ТІадегІанасул хІурматалда гуро нуж кваналел. Цоясдаса цояв цеве ккезе тІалаб гьабун кваналел-гьекъолел руго нуж – цояв вакъун хутІулев вуго, цогидав мехтулев вуго. Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.
Выбор основного перевода