Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила. Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. Нужеда гъорлъги рахъина, муридал жидедаго хадур цІазе бокьун, гьел мекъи ккезаризе гаргадулел гІадамал. Аллагьасдасан нужее щвараб Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукълъун нужер черх букІин лъаларебищ нужеда? ЦІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, нужго бетІергьанал чагІи гуро нуж. Аллагь кІодо гьавизе пайда босе нужерго чурхдуздаса! Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. Аллагьас суд гьабизе жидее къадар бугел цо-цо мунапикъзаби рорчІун руго нилъеда гьоркьоре. Аллагьас цІоб лъеялъул Рохалил хабар гьез хисизабулеб буго, жидерго пасалъи ритІухъ гьабизе. Гьез инкар гьабулеб буго ГІиса МасихІидаса – цохІо вугев нилъер ТІадегІанав ПарччахІасдаса. Нужеда гьеб кинабго лъалеб бугониги, дие бокьун буго нужеда ракІалде щвезабизе Мисриялда букІараб ГІизраилалъул халкъ Аллагьас цо нухалъ хвасар гьабунин. Цинги жинда божичІелщинал хвезарула гьес. Гьез нужеда абулеб букІинчІищ ахирзаманалда рахъине ругин намус гьечІел ва Аллагьасде гІасиял жидерго къасдазда хадур унел гІадамал? Гьел руго жидеца рикьи ккезабулел, мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел ва Илагьияб РухІ жиделъ гьечІел гІадамал.
Выбор основного перевода