Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
Женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна жиндаго цадахъ гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. Гьедин ккезе буго гьаб квешаб умматалъеги. Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! Аллагь ва нилъер ТІадегІанав ГІиса тІубанго лъаралъухъ рекъелги цІобги цІикІкІаги нужее!
Выбор основного перевода