ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго».
Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо – хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги.
Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц.