Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеле гьеб заманаялда лъугьана ТІадегІанасул Нухалда дандечІараб кІудияб питна. Деметрий абун цо гІарцул устар вукІана гьенив. Артемида аллагьалъул хІурматалда бараб храмалда релълъарал гІисинал храмал гьарун ричулаан гьес. Гьесул гьеб даран-базаралъул кутакаб хайир-пайда букІана цогидал устарзабазеги. Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна: – ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи. Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби – гьел аллагьзабилъун кколарилан. Гьедин нилъер махщел какун квешаб цІар чІвазе букІин гуребги, гьелдалъун хІинкъи буго нилъер кІудияй аллагь Артемидал храм щибго гуреб бакІлъун рикІкІинилан ва тІолабго Асиялдаги ва тІолабго дуниялалдаги халкъаз жиндие бетІерчІвалей гьей аллагьалъул цІар гьанже гІадин кІодо гьабиларилан. Гьебмехалъ устарзаби ццидаца гьалаглъун ахІдезе лъугьана: – Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! – ян. ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде. Гьеб халкъалда гьоркьове лъугьине бокьун букІана Павелие, амма муридаз виччачІо. ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо – хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги. Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин».
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода