Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
КІудияб судалъул гІадамазда берги речІчІизабун, Павелица абуна: – Я, дир вацал! Жакъа къоялде щвезегІан дица Аллагьасда цебе ракІбацІцІадго гІумру гьабуна ва кидаго гьабичІо ритІухъаб гурони иш. ГІадамал лъадалъ ччун рахъизе витІичІо дун МасихІица. Рохалил хабар бицине витІана. ГІакъилал ва пасихІал рагІабаздалъун бицунеб гьечІо дица гьеб Рохалил хабар, – МасихІ хъанчида ван хвей гІадада ккелаан гьебмехалъ. Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб. Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар. Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана. Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел.
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода