Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. Гьеб РухІалъ, нилъерго рухІазгун цадахъ, нугІлъи гьабула нилъ Аллагьасул лъимал рукІиналъе. Илагьияб РухІ аманатлъун нилъее кьурав Аллагьас гьелъиейин нилъ тІаса рищарал. Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана. Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цІар-рецц гІемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букІиналъул гІаламатлъун буго гьеб Илагьияб РухІ.
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода