Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
– Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. Амма бакъ тІад речІчІарабго речІан анила гьел ва, гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. Цогиги мугьал заз-хъарахъалде гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила. Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьезул цоязда лъугьанила нусго мугь бугеб тІор, цогидазда – лъабкъого мугь бугеб тІор, цогидазда – лъеберго мугь бугеб тІор. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго.
Выбор основного перевода