Щивниги гьечІо! Аллагь жиндирго Васасдагицин барахщинчІо, нилъее гІоло хвезе витІана гьев. Гьединаб сайигъат гьабурав Аллагьас хутІарабщинаб кьеларищ нилъее?
Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе.