Гьанжени нужго рукІине кколаан мугІалимзабилъун, амма, цебего гІадин, нужее къваригІунев вуго Аллагьасул рагІиялъул аслу-кьучІ цІидасан бичІчІизабулев чи. КъвакІараб квен кваназе кІолеб гьечІо нужеда, рахьги гьекъон чІолел руго.
Рахь гьекъон чІолев чи лъимералда релълъуна, битІарабги тІекъабги батІа гьабизе лъаларо гьесда.
гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе.