Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго. Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун. Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж. Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца. ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо».
Выбор основного перевода