Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ТІадегІанав вачІинегІан лъицаниги лъиениги хІукму къотІуге. Гьес канлъуде босила бецІлъукь бугебщинаб, рекІелъ ругел къасдалгицин тІатинарила. Гьеле гьебмехалда Аллагьасдасан щивав чиясе щвела жиндирго кири. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Гьезие тамихІги буго абадияб гІумруялдаса махІрумлъизари. Гьезда ТІадегІанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина. Нужер божи-иман хІакъаб бугищали хІалбихьизе рачІуна гьел къварилъаби. Биун-тІагІун унеб меседалъулгицин цІадуца хІалбихьула. Меседалдасаги къиматаб бугелъул нужер божи-иман, гьелъулги хІалбихьизе ккола, ГІиса МасихІ загьирлъараб къоялъ нужее цІар-реццги къадру-къиматги насиблъизе.
Выбор основного перевода