Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» – абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи. Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ! Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги. ГІисаца абуна: – Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе. НагІана кьун, МасихІидаса дунго тІезавизе разилъила дун, гьелдалъун дир вацазе, дир ракьцоязе, Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. ГІиса МасихІ ТІадегІанав вукІин чІезабун, щибаб мацІалда кІалъалез рецц гьабила нилъер Эмен – Аллагьасе.
Выбор основного перевода