Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар. Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе – халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе – мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана. Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх – хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб. МасихІидаса ратІалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетІералъ гьабулеб гІадин, МасихІихъги буго киналъулго кверщел. ЩукІдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гІадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна МасихІица, Аллагьасе бокьухъе кІудияб гІела гьеб.
Выбор основного перевода