Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго! ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги. Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал. ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги,
Выбор основного перевода