Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила. БичизегІан гьеб хурул бетІергьан мун гурищ вукІарав? Гьеб бичун щвараб гІарцул бетІергьанги мун гурищ ккарав? Дур рекІее кин гьеб къабуллъараб? ГІадамал гуро дуца гуккарал, Аллагь гуккана. Аллагьас нилъее кьураб батІи-батІияб баркатаб гьунаралда рекъон, щивасул буго жиндирго иш. Аллагьасул амруялъул бицине гьунар бугес гьеб гьабе, жиндир божи-иманалъ насиблъизабураб ресалда рекъон. НасихІат гьабизе гьунар бугес гьебги гьабе. БетІерлъи гьабизе гьунар бугес, хІаракат бахъун, бетІерлъиги гьабе. Садакъа кьолес сахаватго кье гьеб. ЛъикІал ишал гьарулез ракІ разиго гьаре гьел. Гьебго РухІалъ цогидасулъе иман тІинкІула, цогидасе гьебго РухІалъ кьола унтарал сахлъизаризе гьунар; цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе – иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе – РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе – батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари. Рокьи нужелъ цІикІкІине хІаракат бахъе. Илагьияб РухІалъ кьолеб махщел-гьунарги тІалаб гьабе, сундасаго цІикІкІун тІалаб гьабе Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари. БатІи-батІиял мацІазда гаргадулев чи гІадамаздехун гуро кІалъалев, Аллагьасдехунин. Илагьияб РухІалъул къудраталдалъун гьес балъголъи рагьулеб мехалъги, лъиданиги вичІчІуларо гьев. Аллагьасул амруязул хІакъалъулъ бицунев чияс гІадамазе насихІат гьабула, къвакІун чІезеги ракІ бохизеги кумек гьабула. БатІи-батІиял мацІазда кІалъаялъул пайда кІалъалесе букІуна, Аллагьасул амруял халкъалда лъазариялъул пайда иман лъуразул агьлуялъе букІуна. Дие бокьилаан батІи-батІиял мацІазда нуж киналго кІалъазе, амма дагьабги лъикІ букІина Аллагьасул амруял халкъалда лъазаруни. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъалев чиясдаса тІадегІанав вуго. Иман лъуразул агьлуялъе пайда букІуна гьел мацІазда бицунеб жо бичІчІизабизе бажарулев чи гьезда гьоркьов вугони. Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан. Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, – Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва МасихІил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гІадин щулалъизабизе. нагагь дун вачІине кватІани, нужеда лъан букІине Аллагьас тІаса бищараб агьлуялда, ай абадияв-даимав Аллагьасде иман лъуразул агьлуялда гьоркьор кин хьвада-чІвадилелали. Гьеб ккола хІакъабщиналъул хІубиги сангарги. Аллагьасе тІоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цІарал зобалазда хъварал гІадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухІазде.
Выбор основного перевода