Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун. Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: – Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила. Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул. Киналго гьел Мусада нахърилълъун накІкІуцаги ралъдацаги чурана. Гьез киназго кванана цого-цо илагьияб квен, цого-цо илагьияб гьекъелги гьекъана гьез. Илагьияб кьурулъан чвахун бачІараб лъим гьекъана гьез. Гьеб кьуру гьезда цадахъ букІана. МасихІ ккола гьеб. Дуца Аллагьасе рецц РухІалъ малъухъе гьабулеб бугони, гьеб бичІчІизе гьунар гьечІев чияс дуда хадуб «Амин» абиларо. Дуца щиб бицунеб бугебали лъаларелъулха гьесда. Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго. Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун. Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине. ЦохІого Черхги, цохІого РухІги, Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, цохІого хьулги, Гьанже чиясул батІалъи гьечІо – грек вукІаниги, жугьутІав вукІаниги, сунат гьабурав яги гьабичІев вукІаниги, апараг вукІаниги, скиф вукІаниги, лагъ яги узден вукІаниги. Вуго цохІо МасихІ! Гьев киназулъго вуго, кинабголъунги вуго!
Выбор основного перевода