Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул.
цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе – иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе – РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе – батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари.
Аллагьасул илгьамги нахъчІваге.