Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас!
Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали!