Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар бахъун гьарула, вацал, дица нужеда, нуж киналго цоцалъ рекъа-решон рукІайилан. Рикьи ккезе биччаге – нужер пикруги гІакълуги цойиде буссинабе! Хлоял рукъалъул агьлуялдасан дида рагІун бугелъулха, вацал, нужеда гьоркьоб рикьи ккун бугилан. «Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца.
Выбор основного перевода