Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса. Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.
Выбор основного перевода