МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда.
Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье.
Гьединлъидал, вацал, нуж къвакІун чІа ва вагІза-насихІатаздаги кагътидаги нижеца малъараб хІакъабщинаб кьуричІого ккве.