Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана. Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана. Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь.
Выбор основного перевода