Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги. Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж. Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна – Аллагьасул халкъалъул дугІа.) Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна.
Выбор основного перевода