Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул.
Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе.