ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе.
КІудияб гьаркьидалъун гьез ахІулеб букІана: «Хъун букІараб гьаб КьегІер мустахІикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гІакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!»
Жив абадияв-даимасул, зобалги гьениб бугебщинабги, ракьги гьениб бугебщинабги, ралъадги гьениб бугебщинабги жинца бижарасул цІар рехсон гьев гьедана кватІичІого лъугІизе бугилан.