Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!» Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ». Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун.
Выбор основного перевода