22
Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб.
Гьебго жо ккана ЛутІ аварагасул заманаялъги. Кваналел, гьекъолел, бичулел, хисулел, хурзал рекьулел, минаби ралел рукІана гІадамал ЛутІ авараг Содом шагьаралдаса къватІиве лъугьинегІан.
КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда.
Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе.