Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо. Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!» Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила. „Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар! ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, – абун магІу гьабила гьез. Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана. БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“.
Выбор основного перевода