12
„Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи,
Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун.