Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІай нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужго квешалги рукІун, лъикІал рагІаби кІалалъ абизе кин нужеда кІолеб? РакІалда бугеб гурони кІалалъ бицунарелъул. Гьай, чІегІераб борхьил наслу! ЖужахІалъуре рехизе бугеб хІукмуялдаса кире нуж рорчІилел?! Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде! Зобалаздасан Аллагьасул ццин рещтІунеб буго жидер квешал ишаздалъун хІакъабщинаб чІинтІизабулел гІадамазул щибаб квешлъиялдеги пасалъиялдеги. Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел! Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. Аллагьасул ццин бахъине буго гьел гІамалал ккурал гІадамазда. хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги. Гьанже загьирлъараб цІакъго кІудияб хвасарлъиялде мугъ рехани, кинха нилъ хвасарлъилел? ТІадегІанас жинцаго тІоцебе лъазабуна нилъеда гьеб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ, гьесухъ гІенеккаразги бихьизабуна гьеб хІакъаб букІин. МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. «Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»
Выбор основного перевода