Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. – Нуж кантІе, Аллагьасде русса! – ян абулеб букІана гьес. – Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!
Инеги ун лъазабе Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугилан.
Гьес абулеб букІана: – Болжал щвана! Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун буго! Нуж кантІе, Аллагьасде русса! Гьеб Рохалил хабаралде иманги лъе!
Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян.