Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьесул хІакъалъулъин ЯхІяца бицунеб букІараб. ЯхІяца ахІулеб букІана: «Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьев. Дидасаги цеве вукІиндалин гьев тІадегІанав вугев!» ЯхІяца жаваб кьуна: – Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев. Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи». ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила. Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал. Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», – ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби. Павелица гьезда абуна: – ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан. ТІухьдузда хъван буго: «Цодагьабго заман индал вачІина дов вачІине кколев чи. Гьев кватІизе гьечІо.
Выбор основного перевода